БакьагьичIиса Тажудин (ЧIанка)
Гьаб тIехьалда лъун бугеб
сурат ЧIанкIал гуро. ЧIанкIал сурат букIинчIо ва гьечIо. Гьаб сурат
ккола БакьагьичIиса ХIажил ГIалица художникас, ЧIанкIал гIагарлъиялъул
нахъе хутIарал гIадамазухъ валагьун, гьадинал берал рукIанин, лъилалигогIадал
къалал рукIанин, гьадасулалда релъараб борхатаб нодо букIанин бицун,
гьеб хIисабалде босун гьабураб сурат.
ХIакъикъаталдаги ЧIанкIа
вукIун вуго берцинав, ворхатав цо гIажаибаб дангъва гьурмада бугев чи.
ТIарцIаб мегеж, борхатаб нодо, чIахIиял, рекIелъе лъугьунел берал. Щибаб
рагъа-рашари букIун буго гIодобе биччараб, валимахIаб. Гьаракь букIун
буго кигIан хъачIаб рагIиги тамах гьабулеб, амма цо хасаб ракIчIей
жиндилъ бугеб, мухIканаб, жиндиего хасаб къвакIи гъорлъ бугеб. Киназго
бицуна гьесул рилъиналъул: тIадагьаб, ракIчIараб, къартIаб. Заманалъе
дунялал ле вачIун вукIинги бичIчIулев, амма гьелъухъаги хIинкъуларев
чиясул букIуна гьединаб рилъин.
ЧIанкIалъ букIараб къартIалда,
цо къвакIиялда цадахъго букIун буго хIалимлъиги. тамахлъиги. Бицен буго
ургъунго ЧIанкIа вачIунев вугилан рагIун гьев вихьизе гIоло рачIунел
рукIаралила Хундерил базаралде rlaдамал.
ТIад ретIараб ратIлилъниги, гьабулеб хIалтIулъниги букIун буго аскIов чIарав
чицин вакIа-ваххаризавулеб гIамал. Росдал гIолохъабаз ЧIанкал квер
сайгъат гIадин босулеб букIун буго — квералъулъги букIун буго ЧIанкIае
хасаб чи хинлъизавулеб асар.
БакьагьичIиб цо кIудияб
къиматго гьабуларо кучIдул ахIулел,
гьел гьарулел, кьурдулел гIадамазул. Цебесеб заманалъ хасго гьабулеб
букIун гьечIо. Амма ЧIанкIадехун батIияб бербалагьи букIун буго гIолохъабазул:
жиндирго хIуржаялъуса къватIиве вахъине толев вукIун гьечIо гIолохъабаз
гьев, кидаго кумек гьабулеб букIун буго гьесие бокьоб-къватIиб гьабизе
кколеб гIиси-бикъинаб хIалтIи гьабизе. Батизе бегьула гьеб гIалимчиясдехун
гьабулеб букIараб адаб, цIаларав чиясдехун бугеб бербалагьи. ХIакъикъаталдаги
ЧIанкIа цIалана БуцIраса ИсхIакъил МухIамадида, ГIашилтIаса КъурбангIалида,
Местерухъа НурмухIамадида, цIар рагIарав математик ЧIикIаса ХIамзахIажида
ва цогидалги гIалимзабазда цеве. ЧIанкIада лъалеб букIун буго гIараб
мацIалъул грамматика, лексика, гьединго логика, математика, космография,
риторика ва диниял гIелмаби, тарих. Бищунго ЧIанкIае бокьулеб букIун
буго ва гьесда лъикI лъалеб букIун буго астрономия. Гьелъ батила гIолохъабазулги
ЧIанкIадехун цо хасаб батIияб адаб букIараб. ЦIакъ захIмат буго абизе ЧIанкIаца
хъварал кучIдузе гIоло гьабураб адаб батилилан. Бицанихъе, ЧIанкIаца
къанагIат гурони жиндирго кечI гIадамазда, хасго росуцоязда бихьулеб
букIун гьечIо, нагагьлъун бихьаниги абулеб букIун буго лъилалиго бугилан.
Нечон вукIунги хIинкъун вукIунги гуро. Гьеб буго адабияталдехунги рагIудехунги,
живго вижараб росулъ ругел гIадатаздехунги, жиндирго исламияб
диналдехунги бугеб адаб.
ЧIанкIал заманалъ росулъ
ккана гьадинаб лъугьа-бахъин. Цо гIолилас, щиб гьоркьоблъи кIиязулто
букIарабали, пуланай ясалдаса къотIноб ботIродаса чIинчIо бахъун буго.
Яс гIодилаго рокъое тIурун йиго. «Вай дир яс, гьеб рогьоги босун рокъое
ячIинегIаги кин кIвараб?» — иланги абун эбел ун йиго нахъа рокъое.
Гьенив кваналев вукIун вуго гьезухъе вачIарав гьобол. «Духъ нус бугебищ?
Кье цо бегьилеблъун батани...» — ян гьарун буго эбелалъ гьоболасда.
Пикруго гьабичIого, сундуениги хIажат батилилан кьун буго гьоболас
рачлихъ бан букIараб нус. Эбелалъ гьеб нус, гьеб бакIалъго, гьоболасда
цебе жиндирго щокъроб бахъун буго.
Гьединал гIадатал ругеб
росулъ вижарав, ЧIанкIал гIадаб гIамалалъул чиясда кIоларо,
мисалалъе, —
Кверазул ишанал, беразул
чали,
Шавкъалъ чи виунеб
угьулеб хIохьел.
Бахъун чохтIо къала дир
чара хвезе,
Чирахъул нур гIадаб
нодоги лъухьун.
— гьал мухъал жиндица
хъварал ругилан абизе. Хасго цIаларав чиги вугони. КIолаан
МахIмудида. МахIмудица гьебго заманалъ хъвана гьадинан:
Сардилъ жавгьар гIадаб гIицIаб
черхалъул,
Чилайдул гъалал цIан цIункIана
берал.
ЦIорол матIугIадаб хъахIаб
гьурмадул,
Килщид къунщби кьурун
къакъана курмул.
КигIан нечаниги чара
хваялъул,
Черхалда гьан течIо тамах гьабичIеб…
ГIумархIажи
Шахтамановасул «МугIалимги мутагIилги» — абураб тIехьалда руго гьадинал
мухъал.
«Къуръаналъул
тIогьиллъарал тIамчазул рагIалда руго гьадинал хъвай-хъвагIаял:
Гьале, щулияб, къалам
кодоб ругьунаб квералъ нахъе тарал роцIарал, баянал мухъал. Гьеб буго,
дие ирсалъе жиндирго цIарги тун, дун гьавилалдего хварав дир кIудадал
хатI. Дица гьеб цIалулеб буго:
«Гьижра жойид гьабулареб
гьаб заманалъул тарих рикIкIеналде рекъон I909 соналъ, тIадегIанав
бичасул лагъ, дун хIежги борхун Маккаялдаса тIад вуссун щвана. Чу
биларав цIалахъ гIодула рин аби буго. Амма дун гIодилев вуго. Аварагасул
хабада как базе щваниги щиб, гьениве унаго нухда гьалмагъ, гьудул нух
цадахъав гIалим ТажудинI вукъарав дие. Аллагьас кьураб роххелги, гьес
тIаде тIамураб къварилъиги дир рекIелъ цоцазда къвалги бан регун руго.
Сабру кье, ТIадегIанав, дур лагьасул хIалуцараб ракIалъе, квер лъе
гьесул сахлъулареб ругънада».
Гьеб хъвай-хъвагIай
гурони ЧIанкIал хвелалъул хIакъалъулъ щибниги лъалеб
жо гьечIилан тун буго. Киса-кибего хъвалеб буго ЧIанкIа хIеж борхизе
унаго нухда хванилан. Гьеб мекъиги буго. Нилъеда киназдаго лъалей,
киса-киего рехсолей магIаби гьарулей Хажа гурейги ЧIанкIал цойгиги яц
йикIана — Патуч. Росги хун хехго къуруллъарай Патучил рокьи ккараб
мадугьалихъ вукIарав жиндасаго гьитIинав васасухъ, гьесие росасеги ине
ккарай ахир-къадги. Патучиеги гьев гIолиласеги гьаюна жегиги чIаго йигей
(I990 сон) яс—ПатIимат. Гьей ПатIиматица бицуна, жиндида ракIалда
бугила, жий гьитIинаб мехалъ абулаанила: ЧIанкIаца лъабго нухалъ
хIеж борханилан. КIиго нухалъ жиндиего гIоло борхун буго,
лъабабилеб нухалъ рокъове тIад вуссине гIарцухъ борхун буго. Лъабабилеб
нухалъ херлъарав загIиплъарав чиясе гIоло хIеж борохизе унаго нухда хун
вуго. Цадахъ ккун вукIарав Рихьуниса чиясухъе кьун ЧIанкIаца рокъобе
битIун бачIун буго хIежалъул тIагъургн, жиндирго чухъаги,
сагIатги. Гьевго рихьунисес ругьелги бачIун буго, ЧIанкIаца
абунила жиндир чухъа хвараб мехалъ эбелалда тIад
бигъеян. Рихьунисев (гьесда цIар ПатIиматида лъалеб гьечIо) вачIиналдего
гIагарлъиялъ ЧIанкIада хадуб гIарацги битIун буго, амма щварабищ гьеб
ЧIанкIахъе щвечIебищали лъазе кIун гьечIо.
ЧанкIада цадахъ хIежалде
ун вукIана БакьагьичIиса ШайихгIали абулев ресалда вугев чиги. Гьев
ШайихгIалил яц ккола. ГьатIастанги (ЧIанкIал чIужу). ЧIанкIадаго цадахъ,
ШайихгIалиги вуссинчIо хIежалдаса. ХIежги борхизе инсул хобги цIехезе
къватIиве вахъана ШайихгIалил вас ГъалбацIхIажи. ГъалбацIхIажица
бицунаан ШайихгIалилги ЧIанкIалги хоб цоцазда аскIоб Вади-ФатIима абулеб
бакIалъ бугилан. ГъалбацIажица бицанихъе ЧIанкIаги, ШайихгIалиги
гьездаго цадахъ рукIарал загIиплъарал гIадамал рокъобе нух бахъизе
кIолез рехон тун руго. Рехон течIого ресги букIун гьечIо. ЛъагIалида;
жаниб цо нухалъ гурони гамаги бачIунеб букIун гьечIо, цойгиги лъагIелалъ
унтаразда аскIор чIани жалгоги холел рукIун руго, гамиде унтарал раччизе
ресги букIун гьечIо. Ракъун, къечон, бакъукье унтарал гIадамалги рехун
аниги гьел цадахъ рукIаразде хIакъи-къаталдаги гIайиб гьабизе
бегьуларо.
Инсан жиндирго рокъов
талихIав гьечIони кивниги талихIав вукIунарин абула. ЧIанкIа, нилъехъе
щвезе кIварал баяназда рекъон, рокъов талихIав вукIун гьечIо.
Гьесул чIужу ГьатIастан
йикIана, нилъеца цебехун абухъе, рес бугеб хъизамалъул яс. ЧIанкIалги
ГьатIастанилги дандеги кколеб букIун гьечIо. Бицанихъе, гьезие ясги
гьаюн йикIун йиго, амма гьей гьитIинго хун йиго. ЧIанкIал дъимал
рукIинчIо.
ЧIанкIа хIежалде
унеб мехалъ гьес ГьатIастанида абун букIун буго жив лъабго соналдасан
вуссинчIони дуего бокьараб гьабеян. Цо пуланаб къоялъ борчIараб гъеж
жанибе ккезабизе БакьагьечIиве ахIун вуго Гьолокьа МахIсудилан абулев
чи. Гьес гъеж жанибе ккезабуралъухъ мухь босун гьечIо, гьарун буго,
бегьилеблъун батани, ГьатIастан .жиндие кьеян. Гьедин кканин ГьатIастан
Гьолокьеян бицуна. Гьеб букIун буго ЧIанкIа хIежалдаса вуссинчIого
лъабабго сон бараб заман.
ГьабсагIат нилъеда цадахъ
гIумру гьабулел ругел росасулги лъадулги кинаб гьоркьоблъиялъи бугеб,
кинаб гIумру гьезул бугебали лъазе кIолареб мехалъ, доб заманаялъ
ЧIанкIалги ГьатIастанилги букIГараб гьоркьоблъиялъул лъиданиги лъазе
кIоларо. КигIан цГакъ ЧIанкIал творчествоялъе кIвар бугеб
суал гьеб кколеб бугониги гьеб лъазабизе лъугьине нилъеда рекъарабги
гьечIо.
ЧIанкIал гIумруялъе
лъикIаб гуреб асар гьабуна яцалъул ккараб
лъугьа-бахъиналъги. Нилъеца цебехун бицен гьабун букIана гьесул яц
мадугьаласе рокьиги гьабун иналъул. ЧIанкIал гIадаб хасияталъул цIаларав
чиясда хасго доб заманаялъ гьединаб лъугьа-бахъаналъ ругъун лъечIого
хутIуларо.
ЧIанкIал доб заманаялъ
рукIарал пикрабиги ургъалабиги жакъа рахъун лъазабизе цIакъ захIматаб жо
буго. Амма хIалбихьизе бегьула. Росулъ тIоритIарал ЧIанкIал ахирисел
санал хIуржаялъур ун руго. Гьев гьадинги. кидаго хIуржаялъув вукIунев
чи, ахираб заманалда гьениса къватIивего вахъунев вукIинчIилан бицуна.
Кидаго диналда тIад чIун тIахьазде тIаде къулун вукIун вуго. Хасго
астрономиялде кIвар кьолеб букIун буго.
Гьединан вугони росдал
гIадамаздаса ватIалъичIого гьев хутIун ватуларо. Хъизаналъулъги лъикI
гьечIони яцалъул гьадаб лъугьа-бахъинги ккун бугони, пикру гьабураб мехалъ
бичIула ЧIанкIа росулъ янгъизго хутIи.
Цойгиги, киналго
шагIирзабазул гIадат буго жидерго ургъелал кагътиде рикьулел. ЧIанкIаца,
нилъеда лъала, цIакъ къанагIат гурони гьебги гьабичIо; аслияб къагIидаялъ
гьесул шигIраби руго батIиязул гьари къабул гьарун хъварал. Гьаниб рехсезе
ккола цойги гьадинаб хIужаги. ЧIанкIал руго кучIдул батIияз гьарун хъвачIел,
гьел киналго ккола росасда йигей гIаданалде гьабурал. Гьаб тIехьалда лъун
ругел кучIдузе хъварал цIеберагIабазулъ, цIаларав чиясда гьеб пикру батула.
Росулъ, росасда йикIун ятизе ккола ЧIанкIал рокьи ккарай гIадан.
ГIумруялдехун ЧIанкIал
букIараб бербалагьиги, хIежалде иналде цебе сундул пикрабазда гьев
вукIаравалиги, шагIирасул рекIел рахIатхун букIинги нилъеда бичIчIула гьал
рагIаби цIалараб мехалъги:
Дунялалъул къоял къварид
риччазин,
Къиямасеб къоялъ шапагIат
щвезе.
Духъ ккараб дир рокьи
рукьбалъ цIунизин,
БецIаб лахIдуялъуб хIалхьи
букIине.
ХIехьезин гьаб гIазаб
гIадаллъизегIан,
ГIарасалде щведал диван
гьабизе.
ЧIанкIаца живго хIежалде ине
къватIиве вахъунеб мехалъ, БакьагьичIиб хутIараб биценалда рекъон, живго
нуха регIизениги, жиндаго нух битIагиян абизениги, я яцазе, я хъизаналъе рес
кьун гьечIо. БакьагьичIиб ЧIанкIаца тIамурал ахирисел сагIтал ХъахIаб
росулъа МахIмудида цадахъ тIамун руго. ЧIанкIал хIужраялъур цере тIиритIун
тIахьалгун кIиявго шагIирас гьабун буто щуго-анлъго сагIаталъ халат бахъараб
гара-чIвари, бахIс. ЧIанкIаца гIагарлъиялъул щивниги аскIовеги виччан
гьечIо, гьезул букIараб хабарги абадиялъго балъголъилъун хутIана.
БакьагьичIиса ЧIанкIа нуха регIана ХъахIаб росулъа МахIмудица. Кида ЧIанкIа
ракIалде вачIаниги МахIмуд вачIуна цеве, кида МахIмуд рехсаниги ЧIанкIа щола
ракIалде.
КIиго шагIирасул хIакъалъулъ
хъвалеб бугониги, кIиялго цадахъ рехсезе кколел ругони бокьаниги
бокьичIониги бачIуна пикру: ки:нав лъикIав?
ШагIирзабазда «номерал»
чIвазе бегьуларо, гьезулъ тIоцебесевги кIиабилевги вукIунаро: шагIирал
рукIуна батIи-батIиял, щивасул букIуна жиде-жидер хатI, хаслъи, жиде-жидер
дунял. Цоясул ракIалъе асар гьабула пуланав шагIирас, цойгидазул
ракIалъе—цойгидас.
Литератураялда жаннб кIиясго
ккун буго мустахIикъаб бакI; гьабсагIат цIакъ захIмалъилаан
кIиязулго асаралги гьечIого нилъер адабият цебе чIезабизе; цебе
чIезабуниги цIакъ мискингоги букIинаан.
Кнназдаго бичIчIулеб,
мухIканаб, филологаз чIезабураб. ЦIадаса ХIамзатица тасдикъ гьабураб пикру
ккола МахIмудил вачIинго ЧIанкIадасан букIанилан абураб.
ГIумархIажи Шахтамановас жиндирго «МугIалимги мутагIилги» абураб тIохьолъ
рехсолеб буго магIарухъ батараб гьадинаб бицен.
«КечI ахIун бахъана...
Киналго бихьиналги нахъе ун, кочIохъан живго хутIана. Чанго галул манзилалъ
гьесдасан рикIкIадегIан гloдов чIун
вукIана, керчго къунцIараб лахIчIегIераб мегежалъул бихьинчиясул букIунареб
гIадаб берцинаб гьумералъул 35 сон барав гIадав чи. Цо лахIзаталъ гьезул
берал дандчIвана ва кIиялго цоцаздехун божилъиялъул асаргун хантIан тIаде
рахъана. КочIохъанасул босараб кверги биччачIого, гьес абуна:
— Квер щулалъаги дур, дир
вац, пикру цIубаги. ЦIакъ лъикI ахIана дуца. ГIицIго гьеб кечI гьабурав чи
щивали бице.
— Дуца гьабуна гьеб. Дун
воххарав вуго ЧIанкIа, ахирги. мун вихьизе щвеялдаса. МахIмуд буго дида
цIар. ХъахIаб росулъа Анасил МухIамадил вас.
Гьедин ккана жеги гIемеразда
лъаларев МахIмудилги гъоб заманалда магIарул росабалъ жиндир цIар машгьурав
ЧIанкIалги тIоцебесеб лъай-хъвай».
ХIакъикъаталдаги жиндицаго
хъвалелде МахIмудица ЧIанкIал кучIдул ахIулел рукIун руго.
Хадуб МахIмудица цо
гIолохъанлъиялъул чIаголъи речIчIизабуна, дагьабги гъваридго, бухIиледухъ
загьир гьабуна рокьи жиндирго кучIдузулъ, дагьабги рикIкIаде бачана
ЧIанкIада батараб нух.
Жиндицаго МахIмудица ЧIанкIа
мугIалимлъун рикIкIаниги гьел рукIана тIубан батIияб гIамал хасияталъул,
тIубан батIияб рукIа-рахъиналъул гIадамал.
МахIмудил кучIдул
ЧIанкIалалдаса гIемералги руго, МахIмудица гьел жиндицаго
axlyлелги рукIана. МахIмудица жиндирго гIумроги кьуна кочIоеги
рокьуеги. ЧIанкIаца кьечIо. ЧIанкIа вукIана нилъеца бицанихъе гIодобе
биччараб гIамалалъул, гIелму-лъаялда х:адув чIарав динияв чи.
ЧIанкIаца хъварал кучIдулги, гIемерисел, гIадамазул мурад
тIубан хъварал руго.
ЧIанкIада кутакалда лъикI
лъалаан Къуръаналъ шагIирзаби
реццулареблъиги, жужахIалъуре унел халкъалъул церехъаби
шагIарзаби кколилан гьениб хъван
букIинги, (26 сура, 224 аят), амма ЧIанкIаца хъвана.
Расги бигьаго букIун
батиларо ЧIанкIае жиндирго кечI Дагъистаналда тIибитIараб мехалъ
гьеб жиндир кечI букIиналъе мукIурлъизе.
БатIи-батIияв шагIир,
батIи-батIияб къисмат, батIи-батIияб гьунар...
Гьедин букIин лъикIги буго...
ГъазимухIамад ГЪАЛБАЦIОВ,
хъвадарухъан.